Тема 1. Маргьаби малъулеб къагIида

       

 

Щуабилеб классалда халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал малъизе 7 сагIат бихьизабун буго. Гьеб заманалда цIализе ккола лъабго маргьаги цо кечIги, лъай-хъвай гьабула кицабазулгун, абиязулгун ва бицанкIабазулгун.

Маргьа буго гIисинаб гIелалъе хирияб халкъияб кIалзул гьуна­ралъул бищун тIибитIараб форма. Гьеб бицуна ва гъираялда гьелъухъ гIенеккула лъималги, чIахIиялги, харабиги. Халатал хасалил сардаз ракIгъеялъе цоцазухъе щвараб мехалъ маргьаби рицин, бицанкIаби чIвай, кучIдул ахIи азарил соназ билълъараб гIадатлъун букIана. Хасго гIемерал гIолилал данделъулаан маргьаби рицине гьунар бугев, гьел гIемер лъалев чиясул гъастIе. ЦIализе хъвазе лъаларел лъималазе ва гIолилазе гьединал маргьабазухъ, къисабазухъ гIенекки рухIияб дарсазул школалъун лъугьунаан. ГIелалъ гIелалъухъе кьун цIунун хутIарал руго магIна гъваридал пасихIлъиялде щварал маргьаби. Нилъер къоязги гьезул пасихIлъиялъги рухIияб бечелъиялъги цебего гIадин гIисиналги чIахIиялги хIайран гьарула. Маргьабазул кумекалдалъун умумуз лъималазда малъулеб букIараб батани ритIухълъи бокьизе, тIекълъи рихине, жал рижараб ВатIан сундасаго хиралъизе, халкъалъул тушбабазда данде цIоб гьечIеб рагъ гьабизе, гьанжеги маргьаби цIалиялъул ва малъиялъул мурадги гьебго буго. Амма гьеб масъала тIубала гьанже гIемерго гIатIидго ва гъваридго: школалда мар­гьаби малъизе кьурал дагьалго сагIтазул заманалда учителас лъималазда гьезул тIагIам лъазабула, хадуб гьел рахъарал тIахьазулгун гьудуллъи кквезе, рокъор ругел гIисиназе гьел рицине яги цIализе гьесизарула, ай умумуздаса ирсалъе щвараб бечелъиялдаса тарбия кьезе ва сахаватав инсан куназе пайда босула. Гьеб кко­ла цо рахъ. Цойги рахъалъ босани маргьабаздасан, ай халкъияб кIалзул гьунаралъул асараздасан литературияб курс байбихьиялъул гIицIго заманалъул тартиб цIуни гуребги, гъваридал образазул литературиял асарал ричIчIиялде лъимал рачIине лъолеб кьолъунги ккола. Маргьаялда гIуцIарал образал кигIан гIисиназдаги ричIчIулел гIадатал руго; гьенив квешав чи ахиралде щвезегIанги хисичIого квешав вуго, лъикIав чи – лъикIав вуго. Квешаб гIамалалъул герой хисун лъикIавлъунги вахъунаро лъикIав чияс квешлъиги гьабуларо, гIицIго лъикIас гьарулел сахаватал ишал, гьунарал цоялдаса цояб гучаб букIуна, квешлъи гьабулезул тIекъал ишалги цIикIкIуна, ахирги тIекълъи къола, сахаватлъи бергьуна. ХIикматал лъугьа-бахъиназда гьоркьоре къеркьезе лъикIалги квешалги гIадамалги (гIадамазул бакIалда хIайваналги) тIамун, халкъалъ чIезарурал рухIияб даражаялъул гIорхъабаздасан къимат кьола: гьаб буго чIегIераб гIамал-хасият, гьелдаса цIуне, гьаб буго сахаватлъи, гьеб ирсалъе босеян. Гвангъарал мисалаздалъун, пасихIаб мацIалдалъун, чIамучIаб насихIат гьечIого, маргьабаз лъималазул рекIелъе бахIарчилъиялъул, таваккалалъул, гьудуллъиялъул, ритIу­хълъиялъул ва сахаватлъиялъул дару тIинкIула. Пушкиница абухъе, маргьа гьереси букIаниги, гьеб сахал гIолилазе гIураб даре буго. Маргьа ккола, кициго гIадин, халкъалъ къачIалаго цIикIкIараб гIаммлъиялде щвараб асар. Кинаб ракьалда, кинаб миллаталда жаниб гьеб бижараб батаниги, гьеб тIолабго инсанияталъе гIаммаб сипат-сураталде щун букIуна, хIатта героязул хасал цIаралгицин гIаммал цIараздалъун хисун бицуна. Масала, «Лъабго гьунар гьабурав бахIарчи» абураб маргьа бокьараб улка-ракьалда жидергогIадин бицине бегьула: киналго миллатазе гIаммал рахъал хутIун руго гьелда жанир. Маргьабазул тIокIлъиги гьелъулъ буго: тIолабго инсанияталъул рухIияб даражаялда лъи­малазе тарбия кьезе рес букIин. Гьеб гуребги жиб бижараб заманалде балагьичIого, маргьа гьайбатаб асарлъун хутIула инсанията­лъе. Жакъа къоялда нилъер улкаялда ханзабиги гьезул васалги гьечIо, ана ханасул ясалъул бицунеб заманги, ханзабазул, гьезул тухумалъул бицунел маргьабазул заман арабищха? ИнчIо, инеги гьечIо. Щай? Щайгурелъул халкъалъ маргьабалъ ханлъун гьавула, жидер би цIулев, гъин кваналев хIакъикъияв тIадчи гурев, гIаламалъулго гIакълу-лъай жиндихъе кьурав, цIодорав, хIалимав, ритIухъав инсан, ай сахаватлъиялда буцун гьабураб образалъул чи, гьесул васалги батIи-батIияб гIамалалъул рукIаниги, таваккалал, ритIухъал, бахIарчиял гIадамаллъун рихьизарула, ханасул яс абуни, берцинлъиялъул, цIодорлъиялъул, хIеренлъиялъул рахъалъ цIар арайлъун йикIуна. Гьей ккола халкъалъ берцинлъиялъул ханлъун гьаюрай гIадан. Гьелъие тIасан борчIараб чорхол чIурканлъи, гьайбатлъиги, гьурмал берцинлъи кьей гуребги, халкъалъ гьелъул чорхолъ лъола мусудузул букIунебщинаб лъикIаб гIамал-хасиятги ва тIадегIанлъиги. Гьединлъидал гьей ккола киналго гIoлохъабазул анищазул ханлъун. Гьединлъидалин цoxlo нухалъ гьумер бихьаралъухъ ва кIалъаралъухъ багьадурзабаз гьелъие меседил caxl балебги. Гьединлъидалин киса-щивали лъаларев, амма гIадамал гIазабалдаса рорчIизаризе гьунар гIурав чияее ханас ясги, хIатта бащдаб яги тIолго улка-ракьги кьолеб, гьесухъ ханасул ясалъул рокьи кколеб, ВатIан хиралъиялъ гьелдасагицин инкарги гьабун, багьадурги жиндирго ракьалде тIад вуссунев.

Маргьаби малъулаго, учителас хIисабалде босула халкъалъ маргьабалъ гIуцIарал ханасул образаздаги, хIакъикъиял ханзабаздаги гьоркьоб бакъ-моцIалда гьоркьоб гIадаб батIалъи букIин, гьединлъидал ханзаби тIагIаниги, маргьабалъ рукIунел ханзабазе хвел букIунареблъи. ХIакъикъияв ханасул бицунеб маргьаялда гьев вукIуна хъачIав, вахIшияв, гурхIел-цIоб гьечIев, гIадатав векьарухъанасул васасда, бачазул вехьасда данде ккун гIантав яхI-намус гьечIев, хIалихьатав. Гьедин рагьун абизе бегьичIеб мехалъ, халкъалъ гьел рихьизарула хIайваназул цIаралда гъоркь. Масала, «ХIамаги БацIги». ХIамаги гIадатлъун батухъе гIантаб хIайванлъун рикIкIула, амма гьелъгицин гуккула БацI (хъантIарав, вахIшияв хан), къезабула тIекълъи.

БатIалъи гьечIого, художествияб асар малъулеб мехалъгIадин, фольклоралъул асаразул дарсаздаги тIубазе ккола лъайгун тарбия кьеялъул ва церетIезариялъул гIаммаб масъала. Хасго маргьа малъулаго, гьелъие ресалги цIикIкIун рукIуна. Гьедин бугелъул малъулеб асаралъ цIалдохъабазул рекIелъ лъалкI тезе ккани, дарс гIуцIизе ккола кутакалда мухIканго. ЧIванкъотIараб лъай ва тар­бия кьеялъе хIисаб гьабураб планги бахъичIого, гьадинасан дарс бачани, квеш ккезе батиларилан тIаса-масаго гIаммаб пикругун учитель цIалдохъабазухъе ани, кигIан кIудияв хIалбихьиялъул бетIер вукIаниги, аслияб лъайгун тарбия кьеялъул ва гIакълу цIубазабиялъул масъала лъикIго тIубазе гьесда кIоларо, дарсил заман гIадада ин гуреб, пайдаги букIунаро. Гьединлъидал худо­жествияб асар, гьединго маргьа малъизе учитель тIадчIун хIадурлъизе ккола. Гьеб тIалаб цебе лъола щибаб асар гIакълу-лъаялъул борхалъуде цIалдохъан вахине чIвараб малиялъул иргадулаб xIokI букIиналъ. МухIканаб план бахъи гуребги, хIажатаб буго магIнаяб тартибалда анализ гьабизеги. Ункъабилеб классалдаса байбихьун гьединаб тартиб чIезабула гьадинал тадбираз:

1. Художествияб асар, маргьа рекIелъе босизе лъимал хIадур гьариялъ;

2. Тексталъулгун тIоцебесеб лъай-хъвай гьабизе санагIатаб форма тIаса бищиялъ;

3. Текст бичIчIун бугищали хал гьабиялъ;

4. МустахIикъаб къадаралда, бигьаяб формаялда маргьаялъул (тексталъул) ана;из гьабиялъ;

5. Жидее цебеккун щвараб лъаялъул ва бажариялъул кьучIалда дагьалги гъваридал хIасилал гьаризе тIамиялъ, гIамлъизариялде рачун, гIакълу-лъаялъул цIияб борхалъуде рахинариялъ.

ЧIванкъотIун гьел тадбирал хIалтIизарун руго «ГанчIил вас», «ХIамаги БацIги» абурал маргьаби малъизе хIадурараб мисалияб тематикияб планалда (хал гьабе хадулъелалде). Гьенир къо:ъго рихьизарун руго маргьаби малъулелъул кьочIое росизе мустахIикъал методикиял малъа-хъваял. Баянаб жо буго щибаб маргьаялъул цойгидазда данде ккун, гIаммалги хасалги рахъал рукIунеллъи. Гьел хаслъабиги хIисабалде росун, гIунтIулел дарсазе батIи-батIияб методикияб къагIидаги тIаса бищула. Гьениб учителас жигар бахъула тарбия кьезе ва гIакълу-лъай цебетIезабизе маргьаялъул ругел ресаздаса камилго пайда босизе санагIатаб форма батизе. Гьединлъидал учителас дарсил план гIуцIулаго, якъинго цебечIезабула: кинаб формаялда кинал хIалтIаби жинца ва лъималаз дарсида гьаризе ругелали, кинал тIадкъаял кьун, тексталда тIад хIалтIизе цIалдохъаби тIамилелали, кигIан заман щибаб тIадкъаялъе кьолеб ва цебе лъураб мурад тIубазе гьезул бугеб кIвар. Учителас мисалияб къагIидаялъ маргьа цIалана, гьоркьо-гьоркьоса яги тIубанго лъималазги цIалана. Щибха хадуб гьабилеб? Методикаялъул гъансиниб гIезегIан батIи-батIиял хIалтIаби руго тексталда тIад гьарулел. Гьездасан ккола: 1) гара-чIвари гьаби; 2) суалал кьезе жалго лъимал тIами; 3) хIасил бицин (къокъго ва гIатIидго); 4) художествияб къагIидаялъ маргьа, яги гьелъул бутIа бицин. 5) сценаялда хIазе текст къачIай; 6) кIалзулаб ва хъвавулаб сурат бахъи; 7) баян кьовул цIали; 8) тIаса бищун цIали; 9) ролазде бикьун цIали; 10) пасихIго цIали; 11) текст сураталда дандекквей; 12) план гIуцIи ва гь. ц. Маргьаялъул кIодолъиялде, гIакълу-лъай кьезе ругел ресазде балагьун, учителас гьезда гъорлъа гьаризе мустахIикъал хIалтIаби рищула ва гьел тIуралеб куцалъул методикиял формаби хIисабалде росула. Гьедин мухIканаб план гIуцIизе ккани, цин цебеккун текстги цIалун, живго учитель гьелда тIад лъикIго ургъизе ккола. Цинги гьес тIаса рищула тек­сталда тIад гьаризе мустахIикъал хIалтIаби ва гьел тIоритIулел формаби, щибаб тIадкъай тIубалаго, лъимал рачIине кколел xlaсилал ва щвезесеб лъай. Цо маргьаялъе чанго сагIат кьун бугони учителас хIисабалде босула щибаб дарсалъ, тIолго тема малъулаго, тIубазе кколеб мурад, цоялъ цояб бечед гьабулаго, гIаммаб масъа­ла тIубаялде гьел дарсал руссине гьарулеб куц. Масала, «ГанчIил вас» абураб маргьа малъиялъул гIаммаб мурад гьадинаб буго:

1. Маргьабазул магIнаялъул, гьезул героязул ва идеялъул xlaкъалъулъ лъималазе бичIчIи кьей. ГIажаибал ишал ва гIажаибал маргьаби баян гьари.

2. БитIун, бичIчIун ва дурун цIали камил гьаби, пасихIго цIалиялъе ругьун гьари.

3. Суалазул, тIадкъаязул кумекалдалъун лъималазул гIакълу бечед гьаби.

4. «ВатIан хириясе хвел букIунаро». ВатIаналъул эркенлъи ва цIар цIуни халкъалъ маргьабазулъ бищун тIадегIанаб гьунарлъун тей.

Маргьа малъулаго рехсараб ункъабго масъала цадахъго тIубазе ккола. Гьезул цонигияб гьоркьоб биччани, дареги ракьхъен камураб лъугьуна: теориялдаса баян хIажатаб буго литературияб лъай тартибалде ккезабизе ва хадубккунги цебеткзабизе, и,1ализе бажариги камиллъулеб гьечIони, художествияб рагIул тIагIам бо­сизе лъимал ругьунлъуларо, анализги хIасилалги гьаричIони, гIакълу цIубазе рес гьечIо, анализ гьабулаго, цIалдохъаби «ВатIан хири­яее хвел букIунаро» абураб кициялъул магIна рагьулеб хIасилалде рачIинчIони, гьеб асар малъиялъул пайда щиб? Гьедин чIван-къотIун щибаб асар малъиялъул мурад цебе лъурабго, бигьалъула гьеб мурадалде щвезе бигьаяб ва къокъаб нух батизе, мухIканаб план гIуцIизе. Гьаризесел хIалтIабиги, тIадкъаялги, анализалъе суалалги планалде росулаго, учителасда баянго бихьизе ккола маргьа малъулаго цIалдохъаби рахине кколеб лъаялъул борхалъи, гьезулъ бижизе бугеб бажари. Маргьаялда тIад хIалтIулаго, лъималазда лъазе ва гьезухъан бажаризе ккола:

1. Жидецаго суалал ургъизе ва тексталдаса гьезие жавабал ратизе.

2. БитIун, чвахун, бичIчIун цIализе.

3. Ишалде, абулеб рагIиялде балагьун, сверухъ тIабигIаталдехун, гIадамаздехун бугеб бербалагьиялдалъун героясул гIамал-хасият рагьизе.

4. Лъугьа-бахъиназул рахасалъул тартиб чIезабизе.

5. Кицабазул магIна маргьабазул хIасилалда бухьинабизе.

6. Дандекколеб магIнаялъул бицанкIаби чIвазе.Кьурал рагIабаздаса план лъугьунеб къагIидаялъ рагIул дандраял гIуцIизе.

7. ЦIалулелъул логикияб ударение лъезе, кколеб лъалхъи гьабизе.

8. Маргьаялъул мацIалъул хаслъаби ратизе (лъабцIулго иш, гьунар такрарлъи, хасал эпитетал ва гь. ц.)

9. Къеркьолаго героясул гуч-гьунар цIикIкIунеб куц бицине.

10. Хасал цIарал лъида лъун ругел? Гьел лъеялъе гIилла баян гьабизе.

11. Хасал цIарал кинал героязда маргьабалъ лъун гьечIел. ЛъечIолъиялъе гIилла лъазе.

12. Халкъалъ маргьабалъ щив кIодо гьавулев? Гьелъие гIилла бицине.

13. Сахаватлъиялъе ва квешлъиялъе гIурхъи чIвазе. Кидаго квешлъи къеялдалъун къеркьей лъугIизабиялъе гIилла бицине.

14. Ролазде бикьун пасихIго цIализе ва гь. ц.

Гьай-гьай, цо маргьа малъулаго, киналго гьел суалал щвалде щун рагьизе хIал кIолеб жо гуро. Асар малъиялъул мурадалде балагьун, гьезул цо-цоязда гъваридго тIадчIей гьабула, цо-цоял тIадчIейго гьабичIого, гьоркьо-гьоркьосанго баян кьун тола. Масала, «Лъабго гьунар гьабурав бахIарчи» абулеб маргьаялда, цониги хасаб цIар гьечIо, гьениб хасал цIаразул кIваралъул кин бицинеб? Яги учителас план гIуцIизе ругьун гьаризе хIисабалде босун гьечIони, гьелъулги бицинаро. Гьединго ролазде бикьун цIализе мустахIикъаб асар гьечIони, гьеб рахъалде кIвар кьечIого тела, гьелъие санагIатаб маргьа малъулаго цIикIкIун тIадчIейги гьабила. Маргьаялъул хIасил (къокъги гIатIидгоги), гьелъул цо-цо бутIа художествияб къагIидаялъ бицине лъазе ккола. Гьеб суал ки­налго асарал малъулелъул дандчIвалелъул гьаниб тIадчIей гьабун тезин художествияб къагIидаялъ маргьа бицине лъимал ругьун гьариялда.

Художествияб къагIидаялъ маргьа (яги хабар) бициналдаги гIатIидго (гьоркьоб жо биччачIого тексталда букIахъе) хIасил би­циналдаги гьоркьоб батIалъи буго. ХIасил бицунелъул цIалдохъанас жигар бахъула авторасул каламги гьезул бербалагьиги кьуричIого цIунизе. Художествияб къагIидаялъ бицунеб бугони, цIалдохъанас кьочIое босула маргьабазул аслиял лъугьа-бахъинал ва бицуна живго авторлъунги чIун, рохел-пашманлъиги, таваккаллъи, гIажаиблъи, хIинкъи, гьахьтIиги загьир гьабун, живго ругьунлъараб маргьаялъул мацIалда. Бицунесул бажариялде балагьун, маргьа лъугьуна цIияб вариантлъун: цо-цо бакI гьоркьоб биччала, цо-цо баянал тIаде журала, чIарал эпитетал дагьлъула, яги гIемерлъула.

Гьеб буго цебе хъвазе-цIализе лъалареб мехалъ, маргьа бицу­неб букIараб аслияб форма. Доб мехалъ цIияб рагIараб маргьа ракIалда чIезабулаан, амма заман гьоркьоб ун бицине ккараб ме­халъ, аслияб магIнаги лъугьа-бахъиналги цIунун, кIочарал баяналги гьоркьор риччан, жиндирго пагьму-гьунаралда рекъон къачIа-кIатIан бицунаан. КIалзул гьунар бугес гьеб художествияб къагIидаялъ бицунаан, пагьму гьечIес бицунелъул букIараб гугьарги холаан. Художествияб къагIидаялъ маргьа бицин кIудияб творческияб хIалтIи кколелъул, гьелъие лъимал хIадуризе тIадаб бу­го. Циндаго тIубараб маргьа художествияб къагIидаялъ бицине къанагIатги цIалдохъанасухъа бажаруларо. Гьелъие лъимал хIадурулаго, хIисабалде росула:

– цIалдохъабаз художествияб къагIидаялъ бицине мустахIикъал бутIаби. (Гьел тIаса рищула);

– гьел тIаса рищарал бутIабазулги кинал хисизаричIого рицинелали, кинал къокъ гьарун, жидерго рагIабаздалъун абун телелали.

– героязул гара-чIвари кинаб формаялда бачинебали;

– хадусеб лъугьа-бахъин цебеселда кин бухьинабилебали;

– бицунеб бутIаялъул аслияб пикру кинаб бугебали;

– гьелда жаниб бищун кIвар цIикIкIараб лъугьа-бахъин кинабали.

 Гьелдаса хадуб лъималазе бицунеб куц живго учителас бихьизабула, бицине гьелги тIамула.

Щибаб дарсида художествияб къагIидаялъ маргьа бициналда тIадчIей гьабизе заманги ресги букIунарелъул, щивав цIалдохъанасда тIад къала хадусеб дарсида цо-кIиго кесек художестви­яб къагIидаялъ бицине хIадурлъизе. ХIалбихьиялъ чIезабун буго гьединал тIадкъаял кьеялъ цIалдохъабазе бигьалъи кколеблъи ва лъикIаб даражаялда бицине ругьунлъулеблъи. Гьеб хIалтIи лъикI гIуцIарав учителасул лъимал ругьунлъула жидецаго цIиял маргьаби ургъизе ва бицине. ЛъикI ккарал маргьаби берцинго къачIан, сураталги цадахъ рахъун, квералъ хъван школалда биччалеб тIехьалде росула, къадал газеталда рахъула. Гьелдасан байбихьула лъимал творчествоялда гъорлъе лъугьине. Хадуб гьез харбал, хIатта кучIдулги хъвазе ругелъул, бигьаяб формаялдаса: бицанкIабаздаса, гIисинал маргьабаздаса байбихьизе ккола. Маргьабалъ героязул гIамал-хасият аслияб къагIидаялъ рагьула ишазулъ. Сахаватав герояс пайдаял, лъикIал ишал гьарула, халкъалъ какулез нахъегIанал пишаби хIалтIизарула. Гьединлъидал маргьаялда тIад хIалтIулаго, кIудияб кIвар буго героязул къасд ва ишал рихьизарулел глаголал ратиялъул ва гьел данде кквеялъул. Масала, «ГанчIил вас» абураб асаралдаса: «ццин бахъанила, буюранила, ахIанила, бихьизабе, бицинабила, цIалаца вухун, тIутIун вай, кверал кьуре» – гьел рагIабаз гьезул бетIергьанчи кинавчияли якъинго баян гьабула. Гьезда дандеккун гьитIинав вехьасул хасият рагьулел рагIабаз таваккал, ракIчIей, рекIел къвакIи, ВатIаналде бугеб гIурхъи гьечIеб рокьи бихьизабула: «ракь гIадин, лъимги гьелъул бетIергьабазе хирияб буго, ракьги лъимги чияе кьеларо лъала, Тимурида цеве чIун вуго; ицц гьитIинаб буго; гьеб бицеян гIакъуба кьуна; гъажалдаса буртина реханила, ганчIиде сверанила».

Хадулъелалда кьурал мисалиял планал ккола дарсал гIуцIиялъул цо вариантлъун. Лъималазул лъаялде-бажариялде ва бакIалъул шартIазде балагьун, учителас цойги мустахIикъаб форма тIаса бигдизе бегьула. ГIицIго хIисабалде босизе ккола дарсги; цIикIкIараб заманалъ (80–90%) цIалдохъаби жигаралда хIал тIизаризе. Масала, кIиго сагIат кьураб маргьа малъизе цоги гьадинаб гIаммаб форма дарсазе аслуялъе босизе бегьула.

 

 

      Хадулъелалда кьурал мисалиял планал ккола дарсал гIуцIиялъул цо вариантлъун. Лъималазул лъаялде-бажариялде ва бакIалъул шартIазде балагьун, учителас цойги мустахIикъаб форма тIаса бигдизе бегьула. ГIицIго хIисабалде босизе ккола дарсги; цIикIкIараб заманалъ (80–90%) цIалдохъаби жигаралда хIал тIизаризе. Масала, кIиго сагIат кьураб маргьа малъизе цоги гьадинаб гIаммаб форма дарсазе аслуялъе босизе бегьула.

 

 

 

I дарc

1. Словарияб хIалтIи. (Баян кьезеги битIун цIализеги кколел рагIаби, рагIабазул гIуцIаби ратIа росун, тIад хIалтIизе).

2. Учителас пасихIго, лъалхъичIого маргьа цIали яги художествияб къагIидаялъ бицин. (Киналъе учителасул гьунар цIикIкIараб батаниги, гьеб форма тIаса бищила).

3. Маргьаялъул хIасил бичIчIун бугищали цIех-рех гьабила, гьелдаго цадахъ гьелъул тайпа батIа бахъизе тIадкъай кьела (гIaжаибабищ, рукIа-рахъиналъулищ, хIайваназул хIакъалъулъищ гьеб бугебали баян гьабизе ва мисалалдалъун бихьизабизе).

4. Маргьаялда жаниб хIакъикъиябги хIикматабги жо щиб бу­гебали, гара-чIвари гIуцIиялдалъун баян гьабизе лъимал тIами.

5. Маргьаялъул гIуцIиялъул, мацIалъул хаслъаби баян гьару­ла. Учителас цебеккунго хIисабалде росарал бакIал цIализе тIамула. (Такрарлъулел бакIал, байбихьи ва ахир, чIарал эпитетал ратизе тIадкъай кьун, цIалула).

6. ГIамлъизабиялъул гара-чIвари гIуцIула:

– кинаб тайпаялъул маргьа гьаб кколеб?

– гьалъул аслияб пикру кинаб бугеб?

аслияв герой щив кколев? Гьесда цIар гьединаб лъеялъе гIилла щиб? ЦIарго лъечIого теялъул мурад щиб?

маргьа байбихьиялъулъ ва лъугIизе теялъулъ гIаммаб рахъ кинаб бугеб? (Цогидал маргьабазде дандеккун).

героясул гьунар ракIалде щвезаби. Гьел гьунарал лъие гIоло гьарурал ва гьев кинав чилъун халкъалъ рикIкIунев вугев?

– маргьаялъ нилъеда щиб малъулеб бугеб?

7. Рокъоб къокъаб хIасил яги художествияб къагIидаялъ маргьаялъул цо бутIа бицине хIадурлъизе тIадкъала. Чанго бутIа къокъабазде бикьунги кьезе бегьула.

 

II дарс

1.ТIадкъаялда рекъон хIасил яги художествияб куцалъ маргьа­ялъул бутIа бицине тIамила.

2. Маргьаялъул формаялъул ва магIнаялъул батIалъи батизе, героязул ишал ва хасият-гIамал загьир гьаризе тIадкъарал суалал кьун, гьоркьо-гьоркьоб гара-чIвари гIуцIила, мисалал тIехьалдаса цIализе тIамила.

3. Кинал рагIабаздалъун (глаголаздалъун) лъикIалги квешалги героязул сипат-сурат гьабун бугебали батизе тIамила. Маргьа кIудияб бугони, учителас цебеккунго хIисабалде росарал бутIаби цIалун тIубазабила, гьелги дандеккун хIасил гьабизе тIамила. (Аслияв героясулги гьесул дандиясулги тунка-гIуси ккечIого хутIуларо, гIумруялъул нухда гьел дандчIвала. Гьезул хьвада-чIвади бихьизабулел рагIабаз рагьула щивасул хасият-гIамалги).

4. ПасихIго цIали, яги ролазде бикьун цIали гIуцIила. (Гьелъ бихьизабула асаралъул идея рагьизе кIвараб даража ва анализалъ кьураб пайда).

5. Дарсил ахиралда къокъабго гIаммаб хIасил гьабила. Гьелъие гIоло тIадчIей гьабула гьадинал суалазда:

1. Маргьаялъул аслияб пикру кинаб бугеб?

2. Героязул образал кинал ругел?

3. Гьезул гьунаразул хасият кинаб бугеб? (Сундуе ва лъие гIоло гьунарал гьарурал, хIасил щиб ккараб?)

4. Маргьаялъул художествиял хаслъабазул кIвар кинаб бугеб?

5. Маргьаялъ щиб малъулеб? Сунде кантIизарулел?

6. Маргьаялъул героясе лъица кумек гьабулеб? Щиб ва щив квалквалалъе ватулев?

7. Щай халкъалъ маргьадалъ тIекълъи къезабураб, сахаватлъи бергьинабураб? (Мисалал.)

Гьеб суалазе мухIканаб жаваб кьезе киналго цIалдохъабазда  кIолеб бугони, учитель разилъизе бегьула: гьев цебе лъураб мурадалде щвана.

Лъималазе, хасго ункъабилеб классалъул цIалдохъабазе бокьуларо щибго тIадкъайги гьечIого тIадруссун кIицIул, лъабцIул цого текст цIализе. ЧанцIулго тIадруссун текст цIализе ва гьелда тIад ургъизе тIамизе ккола лъимал. Гьезул гъира-шавкъ сунареб куцалъ кип хIалтIи тIобитIилеб? Гьелъие кумек гьабула тIадкъаяз. Мурад гьечIеб цIалиялъ лъималазул ракI буссинабула ва дарсил заман гIадада инабула. Масала, учителас жинцаго цIалун хадуб классалда тIадкъала: «Цо нухалъ ахиралде щвезегIан (яги кесек) нужецаго цIале» – ян. Щиб гьелъ кьезе бугеб? Мурад щиб? Кинаб лъайгун-тарбия кьеялъул масъала гьелъ тIубазе бугеб? БатIияб иш букIуна цIалдохъабазе гъваридго тексталда гъорлъе раккизе кумек гьабулеб тIадкъай кьунани. Абизин, учителас тIадкъана классалда «ГанчIил васасул» таваккаллъи, къвакIи, бихьинчилъи бихьизабулел рагIаби ратизе ва гьесие ВатIангIан хирияб жо гьечIолъи бичIчIизабулеб предложение батIа босун хъвазе. Лъималазда учителас цIалеян абизе кколаро, гьеб тIадкъай тIубалаго цIалдохъабаз нахъойги кIвар кьун маргьа цIалула. БатIи-батIияб тIадкъай тIубалаго, лъималаз расги чIагIинчIого чанцIулго цIалула маргьа, яги гьелъул кIвар бугел кескал. ТIад-къаял гIемерал руго. Гьездасан лъикIал учительзабазул дарсазда дандчIвала гьадинал (хрестоматиялда кьурал тIадкъаялги гъорлъе рачун):

1. Лъабго гьунаралъул бицунел бакIал цIале. Ахираб гьунаралъул батIалъи щиб цебеккун гьарураздасан?

2. Маргьа магIна бугел бутIабазде бикье. Гьезул цоялда цIар лъе (тIоцебесеб, кIиабилеб, лъабабилеб ва гь. ц. бутIаялда).

3. Кицаби цIале (кьела 8–10 кици героязул гIамал-хасият рагьизе кумек гьабулел):

ВатIан хириясе хвел букIунаро.

Чияр ракьалда гамачI-гамачIго данде багъула.

Нилъерго рукъалъул къадазги кумек гьабула.

АхIичIого вачIарасе бухIичIого кьолеб ва гь. ц.

«ГанчIил вас» малъулаго кинал кицаби тIамизе бегьулел гьитIинав вехьасул гIамал-хасият бихьизабизе, кинал талавурчагIазда хурхарал ругел?

4. Пуланаб кесек (лъугьа-бахъин) цIале. Кинаб сурат дуда цебе чIолеб? Кинаб сурат дуцаго бахъилеб букIараб гьелдасан?

5. Щай (инсуца, ханас ва цойгияз) жидерго лъималазе (героязе) пуланаб тIадкъай кьураб? (васигат гьабураб).

6. Героязе кумек гьабулеб бакI цIале. Лъица ва щай гьезие (гIадамаз, рухIчIаголъабаз) кумек гьабулебали бице.

7. Тексталда букIахъе яги художествияб къагIидаялъ пуланаб» бутIа бяцине хIадуре.

 8. ХIикматал лъугьа-бахъинал рате ва цIале. Кинал маргьабазда гъорлъе гьел кколел? БахIарчилъиялъул хIакъалъулъ маргьаян абизе бегьилищ гьелда?

9. Маргьаялда жаниб лъабцIулго такрарлъулеб жо щибали бате ва цIале.

10. Выставкаялда лъезе маргьабазул лъугьа-бахъиназда тIасан дуего бокьараб сурат бахъун босе, щай гьеб бакI сураталъе тIаса бищарабали бице.

11. Героязул (хIеренлъи, хъачIлъи, жахIда, макру, рекIкI, сихIру, сахаватлъи, таваккаллъи, бахIарчилъи, гIаданлъи, сабру ва гь. ц.) хасият-гIамал бихьизабулел эпитетал, глаголал рате ва гьезие баян кьезе хIадурлъе.

12. Героязул хасал, гIаммал рахъал рате. Дандеккун гьезда гьоркьоб батIалъи бате ва тексталдаса цIале.

13. ЦIалун пуланаб бутIаялъе план гIуцIе ва гьелда рекъон хIасил бицине ругьунлъе.

14. Ролазде бикьун пуланаб бутIа цIализе хIадурлъе. Щивас цебеккунго хIисаб гьабизе ккола, кинаб гьаракь-бакъаналда, ки­наб рекIел асаргун жинтIе кколев героясул рагIаби цIалилебали.

15. Маргьадалъ аслияв герой жидедего вуссинавизе, вичун восизе, гьесда ВатIан кIоченабизе къасд гьабулел бакIал рате ва цIале. Гьев къуркьизавизе кIвечIолъиялъе гIилла щиб?

16. Героясул рекIел бугеб хIал загьир гьабун, пуланаб бакI цIализе хIадурлъе.

17. Пуланаб бутIа цIалун, диафильмаби ургъе ва гьезие баяналъе къокъго гъоркь хъвазе тексталдаса рагIаби рате.

18. Пуланаб бетIералъе (бутIаялъе) суалал ургъе ва гьалмагъзабазе кьезе хIадурлъе. (Тексталдалъун жаваб кьезе рее гьечIел логикиял суалал ургъарав цIалдохъанасе, жинцаго битIун жаваб кьолеб бугони, къимат цIикIкIараб кьела). ГIилла-мурад баян гьа­булел суалал ургъизе тIамила тIолго маргьа малъун лъугIараб мехалъ.

19. Маргьадалъ рехсарал хIикматал ишал хIакъикъияллъун лъугьиналъе мисал бате ва гьелъие гIилла бицине къачIай. («ГанчIил вас» – бахIарзазе, революционеразе, халкъалъе pyxl бичун хваразе рарал памятникал. Ракета биччан цIад базе, цIер гьукъизе кIолеб букIин ва гь. ц.)

Рехсаралги цойгидалги тIадкъаял кьолаго, хIисабалде босизе ккола, щибаб дарсида лъайгун тарбия кьеялъул ва церетIезариялъул гIаммаб масъала лъикIго тIубаялъе гьезул киназ кумек гьа­бизе бугебали. Гьебги лъан батIи-батIиял тIадкъаялги кьун, лъи­мал дарсида ва рокъор хIалтIизарун бажарулев учителасул лъима­лазе гъваридаб лъайги бегIераб гIакълуги щола.

 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»